Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Ахирзаман гІагарлъулеб буго, дир лъимал. Нужеда рагІун букІана Тажал (МасихІил тушман) вахъине кколилан. Гьанже гьел МасихІил тушманзаби гІемерлъун ругелъулин нилъеда лъалеб бугеб ахирзаман гІагарлъун букІин. Дида цоги жанавар бихьана ракьалдаса къватІибе лъугьун бачІунеб. КьагІрил гІадаб кІиго лълъар букІана гьелъул, амма аздагьо гІадин кІалъалеб букІана. Доб тІоцебесеб жанаваралда аскІоб бугеб мехалъ, гьелъухъги букІана долъулго гІадаб хІалкІолъи; тІолабго дуниялги дуниялалда тІад ругелщиналги гьелъ тІамулел рукІана жиндир бетІералда букІараб хвалил ругъун сахлъараб доб тІоцебесеб жанаваралъе сужда гьабизе. Гьелъ чІахІиял ва хІикматал мугІжизатал рихьизаруна, гІадамазда бихьун, зодисан ракьалде цІагицин бачІана. Доб жанавар бугеб бакІалда мугІжизаталги рихьизарун, ракьалда ругелщинал гуккулел рукІана. Гьелъ гьезие амру гьабулеб букІана, хвалчадул ругъун лъуниги чІаго хутІараб тІоцебесеб жанаваралъул сурат гьабеян. Гьелъие хІалкІолъи кьун букІана тІоцебесеб жанаваралъул сураталда рухІ лъезабизе, хІатта гьелда кІал-мацІ бижизабизегицин. ХІалкІолъи кьун букІана гьеб сураталъе сужда гьабизе бокьичІел гІадамал чІвазаризеги. Киналго гІадамазул – гІисиназулги чІахІиязулги, бечедазулги мискиназулги, уздензабазулги лагъзадерилги – кваранаб квералда яги надалда гІуж лъезабуна гьелъ. Жанаваралъул цІар яги гьелъул цІар бихьизабулеб тарих хъвараб гьеб гІуж гьечІесе ихтияр букІунаро щибниги бичизе яги бичун босизе.
Выбор основного перевода