Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Дун тІубанго божула Рохалил хабаралда. Киналго иман лъуралал – цин жугьутІал, цинги цогидал халкъал – хвасарлъизарулеб илагьияб къудрат буго гьеб. «Мун нижер БетІергьан Аллагь, кинабго жо дуца бижидал, кинабго дуе бокьухъе бижун бугелъул, мун мустахІикъав вуго дуе рецц гьабизеги, къудратав ва хІалкІояв вугилан абизеги». КьагІрица щуабилеб мугьру тІезабуна. Къурбан хъолеб бакІалда гъоркь дида рихьана Аллагьасул рагІи сабаблъун ва жидеца гьабураб нугІлъи сабаблъунги чІваразул рухІал. Кутакаб гьаракьалдалъун ахІулеб буго гьез: «Тахида гІодов чІарав нижер Аллагьасухъ ва КьагІрихъ буго хвасарлъи!» Абулебги букІана гьез: «Амин! Нижер Аллагьасухъ буго абадул абадиялъ баркатги, реццги, гІакъиллъиги, кІодолъиги, къадру-къиматги, къудратги, хІалкІолъиги! Амин!» Ва анкьабилев малаикас ссуралъубе пуна; ва зобалазда кутакал гьаркьал рахъана, гьадин абулеб букІана гьез: «Нилъер БетІергьанас ва гьесул МасихІица дуниялалдаго парччахІлъи гьабулеб буго гьанже. МасихІица парччахІлъи гьабила абадул абадиялъго». Дида рагІана зодиб цо кутакаб гьаракьалъ абулеб: «Гьанже бачІана нилъер Аллагьасдасан хвасарлъиги, ихтиярги, парччахІлъиги ва гьесул МасихІил ихтиярги, щайгурелъул иман лъуразде гІайиб гІунтІизабураб тушман зобалаздаса гІодобе рехун бугелъул; къасиги-къадги Аллагьасда цебе гьезде гІайиб гІунтІизабулаан гьелъ. Гьалдаса роха нуж, зобал; роха, вализаби, чапарзаби, аварагзаби, – гьелъ нужее гьабун букІараб гІадинаб хІукму гьабунин Аллагьас гьелъиеги».
Выбор основного перевода