Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Дида цадахъ цо рукьалда ван вукІарав чи вугелъул, дудаги гьарулеб буго гьел рекъезаризе квербакъейилан. Клементица ва ГІумруялъул ТІехьалда жал рехсон ругел цогидал гІадамазго гІадин, гьей кІиялъгоги хІаракат бахъана дида цадахъ Рохалил хабар тІибитІизабизе. Бергьаравги, гьелго гІадин, хъахІаб ратІлилъ вукІине вуго. ГІумруялъул тІехьалдаса гьесул цІарги киданиги хъвагІаларо дица. Гьесул цІар рехсела дирго Инсудаги гьесул малаикзабаздаги цебе. Сабру гьабейилан бугеб дир амру дуца цІунидал, дицаги цІунила мун, – ракьалда ругезул хІалбихьизе тІолабго дуниялалде балагьалъул къо бачІараб мехалъ.
Выбор основного перевода