Бахча-хьван жиндирго иш гьанжего гьабулеб буго гьеб квешлъиялъ. Амма гьеб ккун чІезабун бугев нухдаса нахъе вачинегІан, квешлъи загьирлъиларо.
Гьесдаго хадув цун вачІунев вукІана цоги малаик. Гьес ахІана: «Вавилон шагьар щущан ана! Щущан ана жиндир гьалагаб хъахІбалъиялъул чогърол лълъар тІолалго халкъазда гьекъезабураб кІудияб Вавилон!»