Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Илагьияб РухІалъ асар гьабидал, дида дунго вихьана малаикас гІицІаб авлахъалде щвезавурав гІадин. Гьений ятана бецІбагІараб жанаваралда тІад рекІарай чІужугІадан. Аллагьасде гІасилъи загьир гьабулел цІаразул цІун букІана гьеб жанавар; анкьго бетІерги букІана гьелъул, анцІго лълъарги букІана. Гьелъул надалда хъван букІана балъгояб цІар – КІудияб Вавилон шагьар – хъахІбабазулги дуниялалъулго хъублъидулги эбел абун. Гьеб бичІчІизе лъай-гІакълу хІажалъула. Анкьабго бетІер ккола гьей чІужугІадан тІад чІараб анкьго гохІ.
Выбор основного перевода