Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
АхІарал гІезегІан ругониги, тІаса рищарал дагь гурони гьечІелъулха! Гьеле гьебмехалъ загьирлъила дов кІудияб квешлъи гьабизе бугев чи. ТІадегІанав ГІисаца тІаде пун иш лъугІизабила гьесул, ГІиса вачІиналъул кІодолъиялъ хвезавила гьев. ВачІун гьев чияс, илбисалъул къуваталдалъун, батІи-батІиял гьересиял мугІжизаталги гІаламаталги рихьизарила. ЦІараб болжалалда Аллагьас гьев загьир гьавила. ЦохІо вугев ХІакимас, парччахІзабазулги ПарччахІас, ханзабазулги Ханас – Гьардарав Аллагьас загьир гьавила. Гьел руго квешал жундул; гьез гІаламатал рихьизарула. Ва гьел ана тІолабго дуниялалъул парччахІзабазухъе, ХІалкІолев Аллагьасул кІудияб къоялъ цолъун, данделъун, гьел рагъде рахъинаризе.
Выбор основного перевода