Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Нахъисеб къоялъ ГІиса жиндаго аскІове вачІунев вихьидал, ЯхІяца абуна: – Гьале дов – гьаб гІаламалъул мунагь тІаде босун къурбанлъун лъугьине бугеб Аллагьасул КьегІер. цевесан унев ГІисахъги валагьун, гьес абуна: – Гьале Аллагьасул КьегІер. Дида цадахъ цо рукьалда ван вукІарав чи вугелъул, дудаги гьарулеб буго гьел рекъезаризе квербакъейилан. Клементица ва ГІумруялъул ТІехьалда жал рехсон ругел цогидал гІадамазго гІадин, гьей кІиялъгоги хІаракат бахъана дида цадахъ Рохалил хабар тІибитІизабизе. Бергьаравги, гьелго гІадин, хъахІаб ратІлилъ вукІине вуго. ГІумруялъул тІехьалдаса гьесул цІарги киданиги хъвагІаларо дица. Гьесул цІар рехсела дирго Инсудаги гьесул малаикзабаздаги цебе. Ункъабго рухІчІаголъиялъги хІакимзабазги сверун ккураб тахалда тІад бугоан хъун букІараб гІадинаб цо КьегІер. Гьелъул букІана анкьго лълъарги анкьго берги. Гьелъул магІнаги – Аллагьас тІолабго ракьалде витІарав анкьго кІудияв малаик.
Выбор основного перевода