Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьересиаварагзабаздаса цІуне! Гьел нужехъе рачІуна чахъдал цІокоги тІад ххун. ХІакъикъаталда гьел руго хъантІарал бацІал. Гьев кІиявго нугІас Аллагьасул рагІи халкъалда лъазабун бахъараб мехалда, тІину гьечІеб кІкІалахъан тІаде бачІунеб жанавар гьезда данде багъила; гьелъ гьел къезарила ва чІвала. Ва дида бихьана къуркъбузда релълъараб лъабго хъубаб жен аздагьоялъул кІалдисанги, жанаваралъул кІалдисанги ва гьересиаварагасул кІалдисанги къватІибе лъугьун бачІунеб.
Выбор основного перевода