Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Ва щуабилев малаикас ссуралъубе пуна, ва дида бихьана цо цІва зодиса ракьалде бортулеб. Гьелъухъе кьун букІана тІину гьечІеб кІкІалахъе нух бугеб гъуялъул нуцІил кІул. Ва гьеб цІваялъ ричІана нуцІа. Ва кІудияб корохъа гІадинаб кІкІуй бачІана гъуялъуса къватІибе. Ва гьеб кІкІуялъ бакъги гьаваги бецІлъизабуна. Ва кІкІуялда гъорлъан ракьалде бачІана ракъул гарцІазул кІудияб бо. Гьаб ракьалда ругел ичІкІалаз гІадин хечизе ихтияр кьун букІана гьезие. Ва гьезда лъазабун букІана, Аллагьасул мугьру надалда гьечІел гІадамазе гурони, я ракьалда бижараб харие, я кинаб букІаниги гІурччинлъиялъе, я кинаб букІаниги гъотІое зарал гьабугеян. Гьел гарцІазе ихтияр кьун букІана гьел гІадамал чІвачІого тун, щуго моцІалъ гьезие гІазаб-гІакъуба гьабизе. ИчІкІалалъ хеч къазабидал инсанасе лъугьунеб гІадинаб гІазаб-гІакъуба букІана гьеб. Гьел къоязда гІадамал жидеего хвел балагьизе лъугьина, амма гьезда гьеб батиларо. Хвезе бокьун рукІина гьел, амма хвел гьездаса лъутила. Рагъуе къачІарал чуязда релълъун рукІана гьел гарцІал. Меседил тажазда релълъарал жалги рукІана гьезул бутІрузда. Гьезул гьурмал инсанасулалда релълъарал рукІана. Руччабазул гІадинаб расги букІана гьезул, гъалбацІалъул гІадинал гажалги рукІана. Маххул гІадинал къолдабиги рукІана гьезда тІад, гьезул куркьбазул гьаракьги релълъунаан рагъде гІедегІун унел гІемерал чолгьаказул гьаракьалда. ИчІкІалалъул гІадинаб рачІги букІана гарцІил, гьеб рачІалдасан хечги къазабулаан гьелъ. Гьел жидерго рачІаз гІадамазе щуго моцІалъ зарал гьабизе ихтияр кьун букІана гьезухъе. Гьезул парччахІлъун букІана гьеб кІкІалалъул шайтІан; жугьутІ мацІалда гьелда цІар буго Абаддон, грек мацІалда – Аполлион («Хвел босун бачІунеб»).
Выбор основного перевода