Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Щаян абуни, гІемер рукІине руго гьебмехалъ гьересимасихІалги гьересиаварагзабиги. Чанги кІуди-кІудиял гІаламатал ва мугІжизатал рихьизарила гьез, бажарани, тІаса рищарал муъминзабигицин къосинаризе бокьун. ВачІун гьев чияс, илбисалъул къуваталдалъун, батІи-батІиял гьересиял мугІжизаталги гІаламаталги рихьизарила. Гьел руго квешал жундул; гьез гІаламатал рихьизарула. Ва гьел ана тІолабго дуниялалъул парччахІзабазухъе, ХІалкІолев Аллагьасул кІудияб къоялъ цолъун, данделъун, гьел рагъде рахъинаризе. ТІолабго ракь цІун букІана гьел бояз, ва гьез сверун ккуна иман лъуразул ордуги Аллагьасе хирияб шагьарги. Амма зодисан цІа бачІун рухІана гьел.
Выбор основного перевода