Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Жанаваралъул цо бетІералда хвалил ругъун бугилан кколеб букІана, амма гьеб хвалил ругъун сахлъана. Ва тІолабго дуниял хІайранлъун букІана гьеб жанаваралъухъ балагьун. ГІадамаз аздагьоялъе сужда гьабулеб букІана, гьелъ гьеб жанаваралъе хІалкІолъи кьедал. Жанаваралъе суждаги гьабун, гьез абулеб букІана: «Гьаб жанаваралда релълъараб щибниги гьечІогури ракьалда! Гьабгун вагъизе лъида кІолеб?» Гьездаго хадув цун вачІунев вукІана лъабабилев малаикги. КІудияб гьаракьалдалъун гьес ахІана: «Жанаваралъе яги гьелъул сураталъе сужда гьабурасги ва надалда яги квералда гІуж бан бугесги Абадул абадиялъго эхеде унеб букІина гьезие бугеб гІазаб-гІакъубаялъул кІкІуй. Жанаваралъе ва гьелъул сураталъе сужда гьабуразе ва гьелъул цІаралъул гІуж лъуравщинасеги я къад, я къаси рахІат-хІалхьи букІине гьечІо».
Выбор основного перевода