Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Пуланаб шагьаралде яги росулъе щведал, нужго тІад рещтІине мустахІикъав чи валагье ва нахъе инегІан гьесухъ гьоболлъухъ чІа. Рокъоре жанире лъугьунаго саламги кье. Саламалъе мустахІикъаб рукъ гьеб бугони, биччанте салам гьезде щвезе, гьечІони – гьеб нужедего буссине биччанте. Ваамма нуж къабулги гьаричІони, нужер рагІабазухъ гІинги тІамичІони, гьеб рокъоса яги шагьаралдаса къватІире рахъунаго нужерго хьитаздаса хІурги кІутІун те. Халкъалъул гьел руккелал рихьидал, жугьутІазул жахІда ккана: Павелил хабар гьереси гьабун, гьев какун гаргадизе лъугьана. Гьел гІадамал релълъуна гудраца кквезе ва чІвазе рижарал гІакълу гьечІел хІайваназда. Жидер гІакълу нахъгІунтІуларебщинаб какула гьез. ЧІвазе рижарал хІайванал гІадин, хвалде гІагарлъула гьел. Жидеца гьабураб квешлъиялъухъ шапакъатлъун квешлъи щвела гьезие. ГІадада-къад гьабулеб пасатаб гьекъел-кванай гьуинаб буго гьезие. Гьел руго инжитал ва хъубал гІадамал. Гьез лазат босула нужеда цадахъ цо хІарччида нахъа гІодор чІараб мехалъгицин нуж гуккулел рукІиналдаса. ХъахІбалъиялъул гурони пикруги гьабуларо, мунагьал гьарунги гІорцІуларо. РакІ загІипал гІадамал гьез къорикье ккезарула. ХъантІиялъе куцун руго гьез жалго. Аллагьасул нагІанаялъе мустахІикълъана гьел! БитІараб нухги тун, къосун ккун руго гьел. Квешлъиялъухъ щолеб гІарцуца къосинавурав Беъорил вас БилгІамил нухдасан ана. Амма гьес гьабулеб букІараб квешаб къасд къватІиб чІвана: мацІ лъалареб жиндирго хІамица, инсанасул мацІалдалъун кІалъан, гьеб гІантаб жо гьабизе биччачІо. Гьел гІадамал релълъуна ракъварал иццазда, гьороца хъамулел накІкІазда! Гьезие хІадурун буго жужахІалъул абадияб бецІлъи. Гьезул кІалдир ругьунлъун руго жалго реццулел ва гьодорал рагІаби. Къосараб гІумру гьабулездаса гьанжего-гьанже рикІкІалъизе байбихьарал гІадамал гьез квегъун буссунареб чорхол гьаваялъул гьиналъ кквезе тІамула. Гьел гьересинасихІатчагІаз рагІи кьола гІадамал жидеца тархъан гьарилилан, амма гьел жалго руго пасалъиялъул лагъзал. Бергьарасул лагълъун къурав кколелъулха! Нилъер ТІадегІанав ва нилъ хвасар гьарурав ГІиса МасихІ лъаялдалъун гьел гьаб дуниялалъул къабихІлъиялдаса рикІкІалъун рукІана, амма кІиабизеги нухкъосуде ккеялъ къезаруна. Цебе букІаралдасаги квешаб хІалалде ккана гьел БитІараб Нух лъан букІинчІебани лъикІаб букІинаан гьезие, гьеб нухги лъан хадуб гьезде божилъи гьабураб илагьияб амруялдаса кьуризегІан! Гьезие лъугьараб жоялъ бихьизабула гьадинал кицаби ритІарал рукІин: «Гьве тІадбуссун бачІуна жинцаго лагІараб жо чІикІизе» ва «Чурун хадубги болъон хІарщулъ гебегахъдула».
Выбор основного перевода