– ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дида лъалел чагІи гуро нуж! – абун жаваб кьун буго бахІарас.
Гьебмехалъ Иоанница абуна: – Я МугІалим! Нижеда ватана цо чи дур цІаралдалъун жундул рачахъулев; амма гьев чи нилъеда нахъвилълъунев гьечІо. Нилъеда нахъвилълъунев гьечІелъул, нижеца гьукъана досие гьеб иш гьабизе.
Гьебмехалъ Иоанница абуна: – Я, НасихІатчи! Нижеда ватана цо чи дур цІаралдалъун жундул рачахъулев. Нилъеда нахъвилълъунев гьечІелъул, нижеца гьукъана досие гьеб иш гьабизе.
Киналго халкъазул, малаикзабазулгицин мацІалда кІалъазе лъалеб бугониги, дилъ рокьи гьечІони – дун ккола бухулеб къалиги пулеб зурмаги.
Аллагьасул киналго амруял дица халкъалда лъазарулел ругониги, кинабго балъгояб гІелму-лъай дилъ бугониги, мугІрул рилълъанхъизаризе кІолеб божи-иман бугониги, – дилъ рокьи гьечІони, дунги гьечІо.