Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ГІадамазда цебе диде инкар гьабурав чиясдаса зобалазда вугев дир Инсуда цебе дицаги инкар гьабила. ГІадамил Лъимаца жиндирго малаикзаби ритІила, ва гьез гьесул ПарччахІлъиялдаса чІарала жидеца гІадамал мунагьалъукье ккезаруралги квешлъи гьабуралалги – киналго. Цинги гьел цІадул коронире рехила. ГІодилел ва цаби къерщезарулел хутІила гьел гьенир. КвегІаб рахъалда ругезда абила гьес гьебмехалъ: «Дида аскІоса нахъе а, нагІана кьураб агьлу! Илбисалъеги гьелъул рахъ ккурал малаикзабазеги къачІан бугеб абадияб цІадулъе а. Нилъеца хІехьолеб бугони, Гьесда цадахъ парччахІлъиги гьабизе буго, Нилъеца Гьесдаса инкар гьабуни, Гьесги нилъедаса инкар гьабила, Амма Аллагьас тІамураб кьучІ щулияб буго, кьуричІого чІун буго, «Аллагьасда жиндиралго лъала» ва «БетІергьанасул цІар рехсаравщинав чи квешлъиялдаса рикІкІалъе!» абурал рагІабазул мугьруги буго гьеб кьучІалда.
Выбор основного перевода