Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
АнцІила кІиявго муридасе насихІат гьабун лъугІараб мехалъ, ГІиса гьеб рахъалъул шагьаразде ана халкъалда дарс малъизеги вагІза гьабизеги. Гьел мисалал рачун лъугІараб мехалъ, ГІиса гьениса нахъе ана. Гьанже гьеб хабар бицун бахъиндал, Галилеялдаса нахъе ана ГІиса ва Иордан гІор бахун доб рахъалда ругел Ягьудиялъул бакІазде щвана. Гьеб хабар бицун лъугІараб мехалъ, жиндирго муридазда ГІисаца абуна: ГІисал вагІзаялъ хІикмалъизарун рукІана гьел. Диниял гІалимзабаз гІадин гуреб, цо хІалкІолъи жиндилъ бугев чияс гІадин малъулеб букІана гьес. Шамат къо тІаде щварабго, ГІисаца байбихьана синагогаялъуб халкъалда Аллагьасул рагІи малъизе. Гьесухъ гІенеккаразул гІемерисел гІажаиблъун хутІун рукІана. Гьез цоцазда абулеб букІана: – КисагІаги гьасие гьаб щвараб? Гьасулъ бугеб гьабго кинаб цІодорлъи-гІакъиллъи? КингІагидай гьасул квердасан гьадинал мугІжизатал лъугьунел? ГІенеккун букІараб халкъалъе гьабулеб вагІзаги лъугІизабун, гьениса вахъун ГІиса Капернаумалде вачІана. ГІисал вагІзабаз хІикмалъизарун рукІана гьел. Цо хІалкІолъи жиндилъ бугев чияс гІадин малъулеб букІана гьес. Хъаравулзабаз жаваб кьуна: – Додин кІалъалев чи жеги киданиги рагІичІо нижеда, – ян.
Выбор основного перевода