Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
БацІазда гъорлъе чахъаби гІадин ритІулел руго дица нуж. Борхьал гІадин цІодорго рукІа, маккал гІадин хІеренго рукІа. Щаян абуни, гІемер рукІине руго гьебмехалъ гьересимасихІалги гьересиаварагзабиги. Бажарани, хІатта тІаса рищарал муъминзабигицин къосинаризе бокьун, чанги гІаламатал ва мугІжизатал рихьизарила гьез. Балагьги гІазабги гурищ нужее, киназго нужее рецц-бакъ гьабулеб бугеб мехалъ! Цересел гьересиаварагзабазе гьазул умумузги гьабурабин гьедин рецц-бакъ. Амма мухьдахъ ккурав вехь вехь гуро, чахъаби чияр ругелъул. БацІ рехъалъе бачІунеб бихьани, рехун гІиги тун, лъутун уна гьев. БацІ рехъалъ речІчІула, гІи рахъ-рахъалде лъутизабула, мухьдахъ ккурав вехьасе гьезул ургъел гьечІелъул. Дида лъала дун нужеда аскІоса нахъе араб мехалъ, хъантІарал бацІал рачІун, нужер гІиял рехъабазда гьел гурхІизе гьечІеллъи. Амма ГІизраилалъул халкъазда гьоркьор гьересиаварагзаби рукІаралго гІадин, нужеда гьоркьорги рукІине руго гьересинасихІатчагІи. Гьез нужехъе балъгого росун рачІина кина-щинабго щущазабулел гьерсал. Гьез инкар гьабизе буго жалго тархъан гьарурав ТІадегІанав ПарччахІасдаса, гІасияб гІажал жидедаго тІаде хехгого цІазе буго. Аллагьасдасан бачІараб рухІ жиндилъ бугин абуравщинав чиясда божуге, хириял. Гьезул хІалбихье, Аллагьасдасанищ гьел ругелали лъазе. ГІемерал гьересиаварагзаби рахъун ругелъул гьаб дуниялалда. Ва дида бихьана къуркъбузда релълъараб лъабго хъубаб жен аздагьоялъул кІалдисанги, жанаваралъул кІалдисанги ва гьересиаварагасул кІалдисанги къватІибе лъугьун бачІунеб.
Выбор основного перевода