Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
КІал ккураб мехалъги нуж, дол ххвелал гьаризе бокьулел чагІи гІадин, тату хун рукІунге. Жидеца кІал ккун букІин гІадамазда бихьизе, букІкІинабун гьумергун, рукІуна гьел. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гьезие гьелъухъ мухь гьанибго щвана. Хириял рагІаби тІад хъварал чалуялги гІеблъизарун, гІабаялъул гІертелалги халалъизарун, кинабго гьез гьабулеб буго гІадамазда бихьизелъун. Гьезие бокьула гьоболлъухъ кванил тІотІода нахъа бищунго хІурматияб бакІ кквезе ва синагогабазда жанир киназдасаго церегІан гІодор чІезе, Гьари-дугІаялъе Аллагьасда цере чІараб мехалъ, нужер ццин бугел гІадамал ратани, гьезда тІасалъугьа, гьебмехалъ Зобалазда вугев нилъер Эменги лъугьине вуго нужер къосиналда тІаса. – Аллагьасе дугІаялъе Мукъадасаб Рокъове лъугьун вуго кІиго чи: магъало бакІарулев чиги фарисеявги. Жиндирго бакІалда вахъун чІун, фарисеяс рекІелъ дугІа гьабун буго: «Я, дир Аллагь! Дуе рецц буго дун цогидазда релълъарав вижичІелъул; хъачагъазда, макручагІазда, зиначагІазда, хІатта гьав магъало бакІарулев чиясда релълъарав гьечІелъул. Анкьида жаниб кІиго къоялъ кІал ккола дица, дие щварабщиналъул хайиралъул анцІил бутІа садакъаде кьола». Магъало бакІарулев чийин абуни дова нахъегІан чІун вукІун вуго, берал зодихъе руссинаризецин намуслъун. Амма, керенги бухулаго, абулеб букІун буго гьес: «Я, дир Аллагь! Мунагьазул цІурав дида гурхІа!» – абун. Дица нужеда абулеб буго: дов фарисеясда данде ккуни, гьев магъало бакІарулев чи Аллагьасда цеве цІикІкІунго вацІцІалъун тІадвуссана жиндирго рокъове. Жинцаго живго тІадегІанлъизавурав гІодовегІанлъула, живго гІодовегІанго чІарав тІадегІанлъичІого хутІуларо.
Выбор основного перевода