Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
АскІовеги вачІун, Пётрица гьикъана ГІисада: – Дун къварид гьавулел мунагьал дир вацасухъа гІемер ккани, чан нухалъ дун гьесда тІасалъугьине кколев? Анкьго нухалъищ? ГІисаца гьесда абуна: – Дица дуда абулеб буго: анкьго нухалъ гурин, анкьцІали нухалъилан. Зобалазул ПарччахІлъиги релълъинабизе бегьула жиндирго лагъзадерихъа налъи бакІаризе лъугьарав цо парччахІасда. Налъи бакІаризе байбихьараб мехалъ, гьесухъе вачун вачІун вуго анцІазарго талант гьесие налъуда бугев цо пуланав лагъ. Налъи бецІизе гьесул рес гьечІеблъиги лъан, парччахІас буюрун буго гьев живгоги вичейин, гьесул чІужу-лъималги ричейин, бугебщинаб боцІи-рикъзиги бичейин, жиндие гІарац чІезабеян. Гьебмехалъ лагъ, кІалагъоркье гьесда цевеги речІчІун, гьардезе лъугьун вуго: – Сабру гьабе! Дица бецІила гьеб кинабго. ПарччахІ гьев лагъасда гурхІун вуго, гьеб налъиги бецІичІониги гьесие хІалал гьабун буго. Гьениса вачІунаго, гьев лагъасда ватун вуго жиндие нусго динар кьезе букІарав живгогІадав цоги лагъ. Налъи бецІизе кколилан, щекъерги ккун, гъанкъулев вукІун вуго гьас дов. КІалагъоркье гьасда цевеги речІчІун, гьарун буго дов налъулас, сабру гьабейин, жинца бецІилин дуе налъи. Амма гьав разилъун гьечІо, гвандинив тІамизавун вуго, тІубанго налъи бецІизегІан жанив чІезавун вуго. Дов жанив тІамурав лагъасул гьалмагъзаби цІакъ пашманлъун руго гьеб бихьидал, инеги ун жидерго бетІергьанасда бицун буго ккарабщиналъул хІакъалъулъ. Гьебмехалъ дов лагъги ахІун, гьесда абун буго парччахІас: – Ле, хІалихьатав лагъ, дуца гьарараб мехалъ дуда букІараб тІолабго налъи тІасалъугьун тана дица. Дун дуда гурхІарав гІадин, мунги гурхІизе ккелароанищ мунго гІадав лагъасда? Ццин бахъун гьев парччахІас буюрун буго тІолабго налъи бецІизегІан досие гІазаб кьейилан. Гьедин гьабила нужееги Зобалазда вугев дир Инсуца, нужер щивав чи ракІ-ракІалъго вацасда тІасалъугьинчІони.
Выбор основного перевода