Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Воре, нуж рорчІуда чІа! Гьари-дугІаялде русса, нужго къосинарунгутІизе. Инсанасул рухІ – лебалаб, черх – загІипаб. Доре щведал, ГІисаца гьезда абуна: – Гьари-дугІаялде русса, нужго къосинарунгутІизе. Дун гьанже гьаб дуниялалда вукІинаро, амма гьалги гьаб дуниялалда тун вачІунев вуго дун духъе. Я, дир Илагьияв Эмен! Нилъ цого ругел гІадин, гьелги цого рукІинаре, дуца дие кьураб дур цІаралдалъун. Гьаб гІаламалда гьоркьоса гьал нахъе рачейилан гуро гьарулеб бугеб, гьанир гьал илбисалдаса цІунеян гьарулеб буго дица. Кьураб рагІи кколев Аллагьас нужер ракІал къвакІизарила ва квешлъиялдаса цІунила. ТІадегІанас дун кинабго квешлъиялдаса ворчІизавила ва щибго зарал ккечІого жиндирго Зобалазулаб ПарччахІлъиялде вачина. Гьесие абадияб рецц! Амин! Сундалъунниги гьесул хІалбихьулеб бугони, инсанас абизе бегьиларо Аллагьас жиндир хІалбихьулеб бугилан. Лъилниги квешлъиялъ Аллагьасул хІалбихьулареб гІадин, гьесги щивниги къосинавизе хІалбихьуларо.
Выбор основного перевода