Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Рукъалъул бетІергьанасдаги абуна ГІисаца: – Гьадинаб квана-гьекъей гьабулеб мехалъ, гьез мунги ахІиялде хьул лъун ва гьеб дуе бецІилилан ракІалде ккун, дурго гьудулзабиги, вацалги, гІагарал чагІиги, бечедал мадугьалзабиги ахІуге дуца кванде. Дуца гьоболлъухъ ахІе мискинал, гІажизал, рекъал, бецал гІадамал. Гьардарав гурищ мун, гьезда кІоларелъул гьеб дуе бецІизе. Гьеб дуе бецІила муъминзаби хваралъуса рахъинарулеб къиямасеб къоялъ. Лъилниги сайигъат бокьун гуро гьадин абулеб бугеб, нужее гьелъул кири щвезе бокьунин! Нужеца Эпафродитихъ битІун бачІарабги кинабго щвана дихъе. Гьанже кинабго гІунги тІокІ буго дир. Биччанте нужер рахъалдасан гьеб букІине Аллагь разилъулеб къурбанлъун, махІ гьуинаб кьеккенлъун. Жиндирго гьарзаяб хазинаялдасан къваригІанщинаб кьеги дир хирияв Аллагьас нужее, гьелдалъун МасихІ ГІиса кІодолъи загьирлъизе. ГІадамазе гІоло гуреб, ТІадегІанав ГІисае гІоло гьабулеб бугеб гІадин щибгоги ракІ-ракІалъго тІубазабе. ХІакъикъаталда нужеца лагълъи гьабулеб буго ТІадегІанав МасихІие. Жиндирго халкъалъе цІунун бугеб хазинаялъул бутІа шапакъатлъун кьела ТІадегІанас нужее нужер киналго ишазухъ. Гьеб лъай нужеда. БетІергьанасул цІоб лъеги Онесифорил кинабго рукъалъул агьлуялда: чанги дир рекІее хІалхьи лъугьинабуна гьес ва дун туснахъалда вукІиналдасаги намуслъичІо. Рималде вачІараб мехалъ, дун валагьизе хІаракат бахъана ахирги дун ватизегІан. Къиямасеб къоялъ БетІергьан гурхІаги гьесда! Эфесалда гьес дие гьабунщинаб кумек лъидасаго лъикІ лъала дуда.
Выбор основного перевода