ГІисаца гьезда абуна: – Я, иман дагьаб уммат! Щай нуж хІинкъулел? ТІадеги вахъун амру гьабун гьес гьури къотІизабуна. Ралъад гІодобе буссана. ТІубанго сихІ къотІун дуниялги хутІана.
– Ле иман дагьав инсан! Щай дур рекІелъе щаклъи лъугьараб? – анги абун, гьебсагІат квер бегьун ккуна ГІисаца гьев.
Гьезул пикру бичІчІун, ГІисаца абуна: – Чед гьечІилан гаргадизе бегьилищ нуж? Нужго кинал гьединал иманги дагьал,