Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьебмехалъ дица гьезда лъазабила: «Дида рихьарал чагІицин гуро нуж. ТІагІа дида аскІоса, квешлъиялда хьвадараб уммат!» ЖужахІалъул борхьазе хвелги букІунареб, жужахІалъул цІадуе свинги букІунареб! Бечедав чияс ахІана: «Я, нижер эмен Ибрагьим! ГурхІа мун дида! Гьаб цІадулъ вежулев вугин дун, дир мацІалда реччел хъвазегІаги, лъадалъ килищги ччун, витІе гьев Лазар». Нужеца ракІалде щвезабе Содомги Гоморраги ва гьезда сверухъ рукІарал шагьаралги: гьезги хъахІбалъи гьабуна, гІадаталдаса бахъараб къагІидаялъ цогидаб хъублъиги гьабуна. Цогидазеги дарслъун букІине, гьезие тамихІлъун лъугьана абадияб цІа. Мунагь гьабурал малаикзабаздагицин гурхІичІо Аллагь: гьес гьел жужахІалъур тІамуна ва Суд гьабулеб къо тІаде щвезегІан бецІлъиялъул рахсаца рухьун тана. Гьел къосинарураб илбис рехана цІадулги чІабтІилги хІоринибе. Гьеб хІоринир абадул абадиялъго къасиги-къадги гІазаб-гІакъубаялда гьелда цадахъ рукІина жанаварги гьересиаварагги. ГІумруялъул тІехьалда цІар хъван батичІел чагІи цІадул хІоринире рехана.
Выбор основного перевода