Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Мисал бачун цоги хабар бицана ГІисаца гьезие: – Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна жиндирго хуриб лъикІаб хьон хьарав цо пуланав чиясда. Нуж ретІа-къан къачІан рукІа, рекІун чирахъалги те. Берталъе ун тІадвуссун вачІарав рукъалъул бетІергьанас кавуда тункидал, гьебсагІат гьев жаниве виччазе хІадурго чІарал рагьтІателал гІадин рукІа нуж. Гьардарал гурищ, жидерго бетІергьанасда живго вачІинегІан рорчІуда чІун ратарал рагьтІателал. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда, гьес жинцаго гьезие гІоло рачел къазе буго, кванил тІутІ тІибитІизе буго ва квана-гьекъезе гІодор чІезаризе руго. Гьардарал гурищ, кида вачІаниги: сордо бащалъараб мехалъ, яги радакье вачІаниги, рорчІуда чІун гьесда ратарал рагьтІателал. Рос-лъадуда гьоркьоб букІунеб гІадинаб гуреб, Аллагьасдасан бачІараб щакдари буго дир рекІелъ нужедехун: дица нужер магьари лъуна бихьинчияс квер хъвачІей бахІарай гІадин нуж цохІо вугев росасе – МасихІие кьезе. Нилъ роха-хинлъун разиго рукІина ва гьесие рецц гьабила, КьагІрил бертадул къо тІаде щун бугелъул ва гьесул бахІарайги къачІа-кІатІан йигелъул!»
Выбор основного перевода