Аллагьас нужер щивав чиясе кьураб баркатаб гьунар цоцазе пайдаялъе хІалтІизабе, батІи-батІиял хъулухъазде тІамурал лъикІал чагІаз гІадин.
Гьеб кинабго жиндилъ камурасда канлъи бихьуларо: гьесда кІочон тана жиндир цересел мунагьал чурун рукІин.
Гьединлъидалин, вацал, нужеца цІикІкІараб хІаракат бахъун тасдикъ гьабизе кколеб нуж Аллагьас ахІарал ва тІаса рищарал чагІи рукІин. Гьедин хьвадани – нужер хІетІе киданиги тариларо!
Нужее гьарзаго щвела нилъер ТІадегІанав ва нилъ хвасар гьарурав ГІиса МасихІил абадияб ПарччахІлъиялде жанире лъугьине ихтияр.
Гьединлъидал дица нужеда гьеб кидаго ракІалде щвезабила, – нужее загьирлъараб хІакъабщинаб нужеда гьанжего лъалеб бугониги ва щулаго ккун бугониги.