Гьединлъидал нуж рорчІуда чІа, нужеда лъаларелъул нужер ТІадегІанав кида вачІиневали.
Гьединлъидал нужги хІадурго рукІа, ракІалдаго гьечІеб заманаялъ вачІине вугелъул нужехъе ГІадамил Лъимер.
Гьедин нужги рорчІуда чІа! Нужеда лъаларелъул рукъалъул бетІергьан кида тІадвуссун вачІиневали: маркІачІумехалъищ, яги сордо бащалъараб мехалъищ, яги радакье хІелеко бахъараб мехалъищ, яги рогьа-роцІараб мехалъищали.
Гьединлъидал нужги хІадурго рукІа, ракІалдаго гьечІеб заманаялъ вачІине вугелъул нужехъе ГІадамил Лъимер.