Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
«Я, БетІерчІахъад! Я, БетІерчІахъад!» – абун дида кІалъанщинав чи гуро Зобалазул ПарччахІлъиялде ворчІизе вугев. Гьениве ворчІила зобалазда вугев дир Инсул амру тІубазабурав чи. Доб къоялъ гІемерав чияс абила дида: «БетІерчІахъад! БетІерчІахъад! Дур цІаралдалъун гурищ нижеца Аллагьасул амру халкъалъе загьир гьабураб? Дур цІаралдалъун гурищ шайтІаби рачахъарал? Дур цІаралдалъун гурищ нижеца гІемерал хІикматал ишал гьарурал?» Гьебмехалъ дица гьезда лъазабила: «Дида рихьарал чагІицин гуро нуж. ТІагІа дида аскІоса, квешлъиялда хьвадараб уммат!»
Выбор основного перевода