Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна ччугІа кквезе ралъдалъе рехараб гьиналда. Гьиналъ гІемераб батІи-батІияб ччугІа ккун букІун буго. Гьале дица нужеда абулеб буго: нужехъа бахъун Аллагьасул ПарччахІлъи кьела гьелъул пихъ барщизабулеб халкъалъе. ГІисал анцІила цо мурид, Галилеялде ун, гьес бихьизабун букІараб магІарде рахана. ГІиса вихьидал, гьел суждаялда чІана, цо-цоязул рекІелъ щаклъиги бижана. АскІове вачІун ГІиса гьезда гаргадизе лъугьана. Гьес абуна: – Зобалазул ва ракьалъул тІолабго ихтияр дихъе щвана. Гьединлъидал киналго халкъазухъе ун, дир рагІи тІибитІизабе, ва Инсулги, Васасулги, Илагьияб РухІалъулги цІаралдалъун, лъадалъ ччун рахъун, гьезул мунагьал чуризаре. Дица нужее гьабунщинаб амру тІубазабизе малъе гьездаги. Дуниял ахирлъизегІан щибаб къоялъ дун нужеда цадахъ вугевлъиги лъай. Амин! Илагьияб РухІалъги бахІаралъги абула: «ВачІа!» – ян. ВачІайилан абизе биччанте гьеб рагІарасги. Гьекъезе бокьарав вачІайилан абе, ва бокьанщинас маулхІаяталъул лъим чІобого босейилан абе.
Выбор основного перевода