Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
хабал кьватІун ана, хваралъуса чІаголъун, гьениса къватІире лъугьун рачІана церего хварал гІемерал вализаби. ГІиса хваралъуса вахъараб мехалъ, гьесда цадахъ Мукъадасаб шагьаралде рачІана гьелги, ва гьенир гІезегІан чагІазда рихьана гьел. Гьенир ругезда гьоркьор саддукеялги фарисеялги рукІин лъараб мехалъ, ахІунго-ахІун абуна Павелица: – Я, вацал! Дун вуго фарисеясул вас фарисеяв. Судалдеги дун вачун вуго къиямасеб къоялъ хварал тІаде рахъинаризе рукІиналде хьул лъурав чи вугелъул. (Саддукеял божулароан я къиямасеб къоялъ хварал тІаде рахъинаризе рукІиналда, я малаикзабазда, я жундузда. Фарисеялин абуни гьеб киналдаго божулаан.) Цо балъголъи рагьила нужее: киналго гуро нилъ холел, амма ахирзаманалда ссур пураб мехалъ, бер къапизегІан заман иналде, хиса-сверула нилъ. Ссур пула ва хварал тІаде рахъинарула. Хвел гьечІеллъун рахъина гьел тІаде. Нилъги хиса-сверила.
Выбор основного перевода