Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ГІисаца гьесда абуна: – Дуцаго абулеб бугоха гьедин, амма дица нужеда абулеб буго: гьанжеялдаса хадув ГІадамил Лъимер нужеда вихьила Къудратав Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІун ва зобалазул накІкІул парчабазда тІад вачІунев. Живго Давуд Аллагьас зобалазде восун ун гьечІониги, гьес абурал гьадинал рагІаби руго: «ТІадегІанав Аллагьас дир БетІергьанасда абуна: „Дир кваранаб рахъалда гІодов вукІа, дица дур тушбаби дур хІатІал лъураб бакІалда цере чІезаризегІан“». Живго Давуд Аллагьас зобалазде восун ун гьечІониги, гьес абурал гьадинал рагІаби руго: «ТІадегІанав Аллагьас дир БетІергьанасда абуна: „Дир кваранаб рахъалда гІодов вукІа, дица дур тушбаби дур хІатІал лъураб бакІалда цере чІезаризегІан“». МасихІица парччахІлъи гьабила Аллагьас гьесул киналго тушбаби гьесул малакь чІезаризегІан. Аллагьас цониги малаикасда киданиги абурабищ: «Дир кваранаб рахъалда гІодов вукІа, дица дур тушбаби дур хІатІал лъураб бакІалда цере чІезаризегІан»? Гьев гьенив вукІуна Аллагьас «гьесул тушбаби гьесул хІатІал лъураб бакІалда цере чІезаризегІан».
Выбор основного перевода