Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ГІиса гьениса тІадвуссун унаго, кІиго бецав чи вачІунев вукІана хаду-хадув. – Я, Давудил Вас ГІиса! ГурхІа мун нижеда! – ян ахІулеб букІана гьез. Пётр абун тІокІцІар бугев Симоница жаваб кьуна: – Мун вуго хІакъав Аллагьасул Вас МасихІ! ГІиса вуцІцІун чІун вукІана. Бищунго кІудияв кашишас гьесда абуна: – ХІакъав Аллагьасул цІар бахъун гьарулеб буго дица дуда: Аллагьасул Вас МасихІ мун ватани, вугилан абе нижеда. ТІехьалда бугин абулеб букІана гьез, Давудил наслуялда вахъинин МасихІ ва Давудил росулъ – Бетлегьемалда – гьавилин гьев. Инсан хІисабалда Давудил наслуялъул васлъун кколев, Илагьияб РухІалъул рахъалъ босани, кІудияб къудраталъ хваралъуса вахъинавидал, Аллагьасул вас вукІин загьирлъарав нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил хІакъалъулъ хабар буго гьеб. Инсан хІисабалда Давудил наслуялъул васлъун кколев, Илагьияб РухІалъул рахъалъ босани, кІудияб къудраталъ хваралъуса вахъинавидал, Аллагьасул вас вукІин загьирлъарав нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил хІакъалъулъ хабар буго гьеб.
Выбор основного перевода