Гьебмехалъ синагогаялъуса къватІире рахъаралго, фарисеялги гьеродилалги данделъула ГІиса киндай тІагІинавилаян тадбиралъе ургъизе.
ГІисаца гьезда лъазабуна: – Вореха, фарисеязулги гьеродилазулги реччеялдаса цІунун чІа нуж.
ГІисада гІайиб чІвазе рес ккелародайилан ургъунго кьураб суал букІана гьеб. ГІодовеги къулун, чІарбида килщица цо щибалиго хъвалев вукІана ГІиса.