Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ГІисаца гьесда абуна: – Вореха, гьаб ишалъул хІакъалъулъ дуца лъиданиги бицунге. Мусал Къануналда рекъон, мунго вацІцІалъун вукІин гІадамазда лъазе, кашишасухъеги ун, гьесда дурго черх бихьизабе ва дудасаго къурбанги хъвезабе. Цинги ГІисаца жиндирго муридазда лъазабуна жив ГІиса МасихІ вугилан лъиданиги бицунгеян. Амма ГІисаца жундузда лъазабулаан жив щивали бицунгейилан. ГІисаца абуна гьей ясалъе квен кьеян, ва, воре, нужеца гьелъул хІакъалъулъ лъиданиги бицунгеянги лъазабуна. Гьелъул хІакъалъулъ лъиданиги бицунгейилан лъазабуна ГІисаца гьел гІадамазда. Амма гьедин цІикІкІун гьукъанагІан, дагьабги цІикІкІун тІибитІулеб букІана халкъалда гьоркьоб ГІисал хабар.
Выбор основного перевода