ТІадегІанасе тІагІаталъе данделъун ругеб мехалъ, Илагьияб РухІалъ гьезда абуна: «Барнабаги Шаулги дица цо ишалъе ахІулел руго. Нужеца гьел дихъе кьезе ккела», – ян.
КІалги биччан, дугІаги гьабун, доз Барнабадаги Шаулидаги тІад квер лъуна ва нахъе ритІана.
Амма Гьес абуна: «Дидасан бугеб баркатги гІела дуе, загІиплъиялъулълъидал дир къуват камиллъулеб». Гьединлъидал дагьабги цІикІкІун беццила дица дирго загІиплъи, МасихІил къуват дилъго хутІизе.