Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Дов нусилбетІерасда ГІисаца абуна: – Гьанже дурго рокъове а. Мун божун вугеб жо лъугьина дуе. РагьтІател гьебсагІатго сахлъанила. Нахъехун вуссиндал гьей йихьарав ГІисаца абуна: – ХІинкъуге, дир яс, дурго божи-иманалъ хвасар гьаюнин мун. ГьебсагІатго сахлъана гьей гІадан. Гьебмехалъ ГІисаца гьелда абуна: – Я, чІужугІадан! Кутакаб божи-иман буго дур рекІелъ. РекІел мурад тІубайги дур! ГьебсагІат сахлъана гьей гІаданалъул яс. Кида гьев сахлъаравилан гьас гьикъидал, рагьтІателаз абуна къалъудаса сагІат араб мехалъ васасул цІа-кан бичанилан. ХІисаб гьабураб мехалъ, битІун гьеб заманаялда абун батана ГІисаца гьесда дур вас хвезе гьечІилан. Гьелдаса нахъе гьесги гьесул рукъалъул агьлуялъги иман лъуна.
Выбор основного перевода