Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьале гьаракьги рагІана зобалаздасан: – Гьав вуго дие вокьулев дир Вас. Гьесдаса вохун вуго дун! «Гьале гьав вуго дица тІаса вищарав дир рагьтІател. Гьав дие вокьула, дир ракІги бохун буго гьасдаса. Дица гьасулъ дирго РухІ лъолеб буго. Дир амру лъазабила гьас халкъазда. Цинги гьаракьги рагІана зобалаздасан: – Мун вуго дие вокьулев дир Вас! Дудаса вохун вуго дун! миккидул сураталда Илагьияб РухІ рещтІана гьесухъе ва зобалаздасан гьаракьги рагІана: – Мун вуго дие вокьулев дир Вас! Дудаса вохун вуго дун! Мусаца абун букІана: «БетІергьан Аллагьас нужее дун гІадинав авараглъун вахъинавила нужер вацазда гьоркьоса чи. Гьес щиб абуниги, гьелъухъ гІенекке нуж. Гьев аварагасухъ гІенеккичІевщинав чи халкъалда гьоркьоса тІагІинавила». Ниж руго жиндирго Эмен – Аллагьасдасан бачІараб гьесул кІодолъиги къудратги нижерго беразда бихьарал гІадамал. Гьеб мехалъ гьесда рагІана Къудратав БетІергьанасул гьаракь: «Гьав вуго Дие вокьулев Дир Вас. Гьасдаса вохун вуго Дун».
Выбор основного перевода