Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Амма дица жундул Аллагьасул РухІалъул къуваталдалъун рачахъулел ругелъул, Аллагьасул ПарччахІлъи нужеде гІагарлъун букІин бичІчІула гьелдасан. Гьес рицунел харбазухъ гІенеккун рукІарал гІадамазе цоги мисал бачана ГІисаца. Гьев Иерусалималде щолев вукІиндал ва гьел Аллагьасул ПарччахІлъи хеккого бачІинилан божун рукІиндал, ГІисаца гьесда абуна: – ХІакълъун абулеб буго дица дуда: цІидасан гьавурасда гурони Аллагьасул ПарччахІлъи бихьизе гьечІо. ГІисаца жаваб кьуна: – Дир ПарччахІлъи гьаб дуниялалда гуро бугеб. Гьанив дун ПарччахІ вукІаравани, дир нукарзаби дун цІунун рагъилаан, ягьудиязул хІакимзабаз дун кверде восизе виччалароан гьез. Амма гьанже дир ПарччахІлъи гьаниб гуро бугеб. ГІазаб-гІакъуба хІехьон хадубги ГІисаца живго чІаго вукІин чапарзабазда бихьизабуна, гьезул щибниги щаклъи кколаредухъ. КІикъого къоялъ бажарана гьев вихьизе, ва гьес гьезда бицана Аллагьасул ПарччахІлъиялъул. Гьедин данделъараб мехалъ чапарзабаз ГІисада гьикъана: – Я, БетІерчІахъад, Исраилил халкъалъул парччахІлъи гьанже цІидасан рукІалиде ккезабизехъинцин гьечІищ дуца? Нужеца кваналелда яги гьекъолелда бараб гьечІо Аллагьасул ПарччахІлъи. Гьеб ккола Илагьияб РухІалъ насиблъизабулеб ритІухълъиги, саламалъиги, рохелги. Аллагьасул ПарччахІлъи хабар-гаргаралъулъ гуро бугеб, къуват-гучалъулъин.
Выбор основного перевода