Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьале барасалъ унтарав цо чи, гьесда аскІовеги вачІун, накабаздаги чІун, гьардезе лъугьана: – Я, БетІерчІахъад! Дуе бокьани, дуда кІолаха дун вацІцІалъизавизе. Нахъехун вуссиндал гьей йихьарав ГІисаца абуна: – ХІинкъуге, дир яс, дурго божи-иманалъ хвасар гьаюнин мун. ГьебсагІатго сахлъана гьей гІадан. ГІисаца гьелда абула: – Дурго божи-иманалъ хвасар гьаюна, яц, мун. Гьанже а дурго, сах хутІагийин мун! ГІисаца дой гІадамалда абуна: – Дурго божи-иманалъ хвасар гьаюна мун. Гьанже а дурго. Гьес гьелда абуна: – Дурго божи-иманалъ хвасар гьаюна, яц, мун. Гьанже а дурго! ГІисаца гьесда абуна: – Валагье гьанже! Дурго божи-иманалъ сахлъизавуна мун.
Выбор основного перевода