Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ГІисаца гьесда абуна: – Вореха, гьаб ишалъул хІакъалъулъ дуца лъиданиги бицунге. Мусал Къануналда рекъон, мунго вацІцІалъун вукІин гІадамазда лъазе, кашишасухъеги ун, гьесда дурго черх бихьизабе ва дудасаго къурбанги хъвезабе. Нахъе витІулаго, ГІисаца гьесда лъазабуна: – Вореха, дуца лъиданиги бицунге гьаб хІалтІи! Мусал къануналда рекъон, мунго вацІцІалъун вукІин гІадамазда лъазе, кашишасухъеги ун, гьесда дурго черх бихьизабе ва мунго вацІцІалъаралъухъ къурбанги хъвезабе. ГІебеде битІун гьесда кверги хъван, ГІисаца абуна: – Дие бокьун буго мун вацІцІалъизе. ВацІцІалъе мун! ГьебсагІат барасалдаса сахлъана гьев чи.
Выбор основного перевода