Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Зобалазде живго вачунеб заман гІагарлъидал, Иерусалималде ине таваккал тІамуна ГІисаца. Шагьаразде ва росабалъе щун, халкъалъе вагІзабиги гьарулаго, Иерусалималдехун валагьун унев вукІана ГІиса. Фарисеязда рагІана ЯхІяхъеялдаса цІикІкІун гІадамал лъадалъ ччун рахъизе ГІисахъе унел ругилан. (ХІакъикъаталдайин абуни, жинцаго ГІисаца гьабулароан гьеб иш, муридаз гьабулаан.) Гьеб лъайдал ГІиса Ягьудиялдаса тІадвуссун Галилеялде ана.
Выбор основного перевода