Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
БацІазда гъорлъе чахъаби гІадин ритІулел руго дица нуж. Борхьал гІадин цІодорго рукІа, маккал гІадин хІеренго рукІа. ТІадегІанав ГІисаца абуна: – РагьтІателазе бетІерлъи гьабеян ва гьезие ригь-ригьалда ва роцада квен-тІехги чІезабеян тарав рагьтІател, Гьеб Нур нужгун бугебгІан заманаялъ, гьелда божа, нужго Нуралъул гІадамаллъун лъугьине. Гьединги абун, ГІиса нахъе ана ва гьезда аскІоса тІагІана. Цере нуж бецІлъукь рукІана, гьанже ТІадегІанасде цолъун ругелъул, нурлъун лъугьана. Нуралъ гвангъизарурал гІадамал гІадин хьваде. Нуралъ къалъ-къалъизарунги руго нуж киналго, къоялъ гвангъизарунги руго. Нилъее я сордо гьечІо, я бецІлъи гьечІо.
Выбор основного перевода