Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Ишая аварагасул ТІехь кьуна гьесухъе. Гьадинаб калима бугеб бакІги батун, цІалана гьес: Амма нужеда ракІалде ккоге Инсуда цере дица нужеда гІайиб чІвалилан. Сундулго рахъалъ нужеца хьул гьабулев Мусацагицин гІайиб чІвала нужеда. Мусал къанунин абуни, цебе заманаялдаса нахъего халкъалда бичІчІизабула щибаб шагьаралда щибаб шамат къоялъ синагогабазда цІалун. Киналго ТІухьдул – Аллагьасул калам буго. Гьез хІакъабщинаб малъула, тІекъабщинаб къватІиб чІвазабула, гъалатІ-хатІа битІизабула, ритІухъаб гІумруялъул хІакъалъулъ насихІат гьабула. Сундуего пайда буго гьезул.
Выбор основного перевода