ЧІужу йиччан толев чияс гьелда цІар тІамиялъе нугІлъи гьабулеб кагъат кье гьелъухъеян хъван букІана.
Дица нужеда абулеб буго: хъахІбалъи хутІун батІияб гІиллаялъе гІоло чІужуги йиччан тун, цогидай ячарав чи жиндирго йикІарай чІужуялда цеве мунагьалъукье ккола. Гьеб мунагьги зиналъун рикІкІуна.
ГІисаца гьезие жаваб гьабуна: – ЧІужуги йиччан тун, цогидай ячарав чи, жиндирго йикІарай чІужуялда цеве мунагьалъукье ккола. Гьеб мунагьги зиналъун рикІкІуна.
Ригьнада ругезени, дица гуреб, ТІадегІанас гьабулеб буго амру: лъади росасдаса ятІалъизе бегьуларо.