ТІасан ралагьун, гІадамазда ккола нуж вализаби ратилилан, амма жаниса нуж ххвелазул ва пасалъиялъул цІун руго.
Живго ритІухъ гьавизелъун, дов чияс гьикъана: – Щивха кколев «дида аскІов вугев»?
Цоги ГІисаца, мисал бачун, бицана жалго вализабийиланги чІун, цогидал къабихІ гьарулел цо-цо гІадамазул хІакъалъулъ гьадинаб хабар:
Цинги гьел Аллагьасде гьардезе лъугьана: – Я, БетІергьан! Дуда лъалаха щивав чиясул ракІалда бугеб жо. Чапарлъиги Аллагьасе хъулухъги рехун тун, Ягьуда жиндиего данде кколелъуве индал, гьесул бакІалде восизе гьав кІиясулго кинав дуца тІаса вищаравали бихьизабе.