Щуазарго месед жиндихъе кьун букІарав рагьтІателас, вачІун гьесда абун буго: «Гьале, бетІерчІахъад, дуца дихъе кьун букІараб щуазарго месед, гьале гьелдасан хайирлъараб щуазарго меседги».
«ГьитІинаб божилъиялъе дуца дида цебе кІудияб ритІухълъи бихьизабуна, дир лъикІав рагьтІател. АнцІго шагьаралъул наиблъун тІамулев вуго дица мун», – ан абун буго ханас гьесда.
Гьесул бетІергьанас абун буго гьебмехалъ: «ХІалчІахъаги дур, дир лъикІав ва ритІухъав рагьтІател, гьитІинаб божилъиялъе дуца дида цебе ритІухълъи бихьизабидал, кІудиябги божун тела дуда. Дурго бетІергьанасулгун рохел гІахьал гьабе».