Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
От Луки
Параллельные места
«Цо ахІи буго авлахъалда рагІулеб: БетІергьанасе нух къачІай, битІизабе гьесда цебе шагьра!» – Гьединал рагІаби Аллагьас Ишая аварагасда жиндир хІакъалъулъ абурав чи вукІана ЯхІя. Щив вихьизеха ун рукІарал? Авараг вихьизейищ? Аварагасдасагицин кІудияв чи вихьизе ун рукІанилан абулеб буго дица нужеда! Иляс аварагасул хІалкІолъигун ва къудратгун ТІадегІанасдаса цеве вачІун, эбел-инсулги лъималазулги ракІал цоцалъ журазарила гьес, къосун Аллагьасде мугъ рехаралги тІадруссинарила муъминазул гІакъиллъиялде. ТІадегІанав вачІиналде къачІала гьес хІадур гьабураб халкъ.
Выбор основного перевода