Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
От Луки
Параллельные места
Аллагьасул вас ГІиса МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабар гьадин байбихьулеб буго. Ракьул хъал гурони тІад гьечІеб тІалде рортарал мугьал – гьел руго Аллагьасул рагІи рохун къабул гьабуниги, дагьабго заманаялъ гурони гьелда божуларелал, – жидер кьалбал щулиял гьечІелъул, хІалбихьулел къоял тІаде гІунтІидал, жал ратІалъунги чІолел. ЛъикІаб ракьалде рортарал мугьал – гьел руго Аллагьасул рагІи рагІидал, хІеренаб-хІалимаб рекІелъ гьеб цІунулел ва гьеб сабру сабаблъун жидее бачІинги щолел гІадамал. Нужецаги нугІлъи гьабила дие, авалалдаса бахъарабго ругелъул нуж дида цадахъ. нижги рукІинин Аллагьасе тІагІат гьабулел, гьесул РагІуе хъулухъ гьабулел. Рикьа-риххун рахъ-рахъалде арал муридаз Рохалил хабар бицунеб букІана. Стефание зулму гьабураб заманаялда рикьа-риххун рахъ-рахъалде лъутун ун рукІарал муридал Финикиялде, Кипралде ва Антиохиялдецин щвана. ЖугьутІазда гурони гьез Рохалил хабар бицунеб букІинчІониги, Нужго гІадин, иман лъуразул агьлуялъул бетІерлъун вугев, МасихІица хІехьараб гІазаб-гІакъубаги бихьарав ва загьирлъизе бугеб къудраталъул ирсги насиблъулев дица нужер агьлуялъул бутІрузда гьарулеб буго: Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІ жиндирго къудратгун тІадвуссине вукІиналъул хІакъалъулъ нужеда бицунаго, нижеца такрар гьаричІо лъицаялиго сихІирго ургъарал гьерсал. Авалалдасанго букІараб, нижеда рагІараб, нижерго беразда бихьараб, ниж жиндихъ ралагьараб, нижеца жинда кверал хъвараб ЧІаголъиялъулаб РагІул хІакъалъулъ хъвалеб буго нужехъе. Гьанже загьирлъараб цІакъго кІудияб хвасарлъиялде мугъ рехани, кинха нилъ хвасарлъилел? ТІадегІанас жинцаго тІоцебе лъазабуна нилъеда гьеб хвасарлъиялъул хІакъалъулъ, гьесухъ гІенеккаразги бихьизабуна гьеб хІакъаб букІин.
Выбор основного перевода