Гьез бицунелда нуж божулел ругони, ЯхІя вуго кІиабизе тІадвуссун вачІине кколев вукІарав Иляс авараг.
Гьезие жаваб гьабун ГІисаца абуна: – БитІараб буго, Иляс вачІине кколаан ва гьес кинабго къачІан тезеги кколаан.
«Цо ахІи буго авлахъалда рагІулеб: – БетІергьанасе нух къачІай, битІизабе гьесда цебе шагьра!»
ГІисаца гьезда абуна: – БитІараб буго, цин цеве Иляс вачІуна ва гьес кинабго къачІанги тола. Щайха ТІухьдузда хъван бугеб ГІадамил Лъимада гІемераб гІазаб-гІакъуба бихьилилан ва гІадамаз гьев инжит-хІакъир гьавилилан?
ЯхІяца жаваб кьуна: – Дун вуго, Ишая аварагас абухъе: «БетІергьанасе нух къачІайилан авлахъалда ахІдолев вугев чи!»