ЖугьутІазул Пасха тІаде щолеб букІиндал, ГІиса Иерусалималде ана.
Халкъалъул руккалилъ рукІаразул гІемерисел божана ГІисада. Гьез абулеб букІана: – МасихІ вачІараб мехалъ, гьесгицин рихьизарилищ нилъеда гьадигІан гІемерал мугІжизатал?
Гьебмехалъ чІахІиял кашишзабиги фарисеялги тІадегІанаб судалъе данделъана. Гьез абуна: – Щибдай нилъеца гьабун лъикІ? Гьадав чияс гІемерал мугІжизатал рихьизарулел руго халкъалда.
Додин виччан тани, кинабго халкъ досда хадуб ина. Цинги Рималъул боги бачІун, нилъер Мукъадасаб Рукъги щущазабила, халкъги гъурун тІагІинабила.