Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Ригьунаредухъ кьижун рукІана Пётрги цадахъ ругелги. Ригьараб мехалъ гьезда бихьана ГІисада тІад чІараб нур, кІиго чиги вугоан аскІов эхетун. РагІи инсанлъун лъугьана, баркаталъул ва хІакъабщиналъул цІурав инсанлъун лъугьун, нижеда цадахъ чІана. Нижеда бихьана гьесул кІодолъи – Инсул цохІо вугев Васасул кІодолъи. ГІиса Ягьудиялдаса Галилеялде тІадвуссаралдаса хадуб загьирлъараб кІиабилеб мугІжизат букІана гьеб. ГІисаца гьелда абуна: – Дица абичІищ дуда, мун божани, Аллагьасул хІалкІолъи бихьилин дудаян. ГІиса машгьурлъулевлъи цебеккунго бихьун букІиндал абуна Ишаяца гьедин. Гьаб тІехьалда хъвачІел цогидалги гІемерал хІикматал ишал гьаруна ГІисаца, жиндирго муридазда цадахъ гьев вукІараб заманаялда.
Выбор основного перевода