Нахъисеб къоялъ Галилеялде ине хІукму гьабуна ГІисаца. Гьес Филипп валагьана ва жинда хадув вачІайилан абуна.
Нахъеги ГІиса ана гьес лъим чагъиралде сверизабураб Галилеялъул доб Кана шагьаралде. Гьенив вукІана парччахІасул хІакимлъун вугев цо чи. Гьесул вас вукІана Капернаум шагьаралда захІматго унтун.
Симон Пётрги, КІилъилав абулев Фомаги, Галилеялъул Кана шагьаралдаса Натанаэлги, Зебедайил кІиявго васги ва цоги кІиго муридги данделъун рукІана гьенир.